Artwork

Azerbaijani Words of Life द्वारा प्रदान की गई सामग्री. एपिसोड, ग्राफिक्स और पॉडकास्ट विवरण सहित सभी पॉडकास्ट सामग्री Azerbaijani Words of Life या उनके पॉडकास्ट प्लेटफ़ॉर्म पार्टनर द्वारा सीधे अपलोड और प्रदान की जाती है। यदि आपको लगता है कि कोई आपकी अनुमति के बिना आपके कॉपीराइट किए गए कार्य का उपयोग कर रहा है, तो आप यहां बताई गई प्रक्रिया का पालन कर सकते हैं https://hi.player.fm/legal
Player FM - पॉडकास्ट ऐप
Player FM ऐप के साथ ऑफ़लाइन जाएं!

"The Qurban" - Avar, Maarulal / Авар мацӏ(Avar maⱬ).3gp

1:00:43
 
साझा करें
 
Manage episode 359755149 series 3463652
Azerbaijani Words of Life द्वारा प्रदान की गई सामग्री. एपिसोड, ग्राफिक्स और पॉडकास्ट विवरण सहित सभी पॉडकास्ट सामग्री Azerbaijani Words of Life या उनके पॉडकास्ट प्लेटफ़ॉर्म पार्टनर द्वारा सीधे अपलोड और प्रदान की जाती है। यदि आपको लगता है कि कोई आपकी अनुमति के बिना आपके कॉपीराइट किए गए कार्य का उपयोग कर रहा है, तो आप यहां बताई गई प्रक्रिया का पालन कर सकते हैं https://hi.player.fm/legal
Авар мацӏ (аварский маⱬ) - "Жертвоприношение".3gp / Avar, Maarulal - "The Sacrifice".3gp // Аллагьас дуниял бижана 11Бищунго цебе Аллагьас зобги ракьги бижана+. 2Ракь букӀана куц гьечӀеб ва низам гьечӀеб. НекӀсияб ралъадалда тӀад букӀана бецӀлъи. Аллагьасул рухӀги букӀана лъиназда тӀад парпадулеб. 3Аллагьас абуна: – Бижа канлъи, – ян. Ва канлъи бижана. 4Аллагьасда бихьана канлъиялъул лъикӀлъи. Гьес канлъиги бецӀлъиялдаса батӀа гьабуна. 5Канлъиялда цӀар «къойилан» лъуна, бецӀлъиялда цӀар «сордойилан» лъуна. Сордо ана, къо бачӀана. Гьеб букӀана тӀоцебесеб къо. 6Аллагьас абуна: – Лъинал кӀийиде рикьизе гьезда гьоркьоб къвакӀараб пардав бижа, – ян. Гьедин ккезеги ккана. 7Аллагьас пардав бижана. Гьес пардавалда гъоркьеги тӀадеги – лъинал кӀийиде рикьана. 8Гьеб пардавалда цӀарги «зобилан» лъуна. Сордо ана, къо бачӀана. Гьеб букӀана кӀиабилеб къо. 9Аллагьас абуна: “– Зобалда гъоркь бугеб кинабго лъим цо бакӀалде чвахе, ракъдаллъи къватӀибе бакка, – ян. Гьедин ккезеги ккана. 10Ракъдаллъиялда цӀарги Аллагьас «ракьилан» лъуна, цоцазде данделъарал лъиназда цӀарги «ралъад» абун лъуна. Аллагьасда бихьана гьеб лъикӀ ккей. 11Аллагьас абуна: – Ракьалъ бижизабе гъветӀ-хер: жидер хьонал ругел хурдул ва жиделъ хьон бугеб пихъ кьолел гъутӀби. Ракьалда тӀад гьезул щибаб букӀа жинди-жиндир тайпаялъул. Гьедин ккезеги ккана. 12Ракьалъ бижизабуна гъветӀ-хер: жидер хьонал ругел хурдул (щибаб жинди-жиндир тайпаялъул) ва жиделъ хьон бугеб пихъ кьолел гъутӀби (щибаб жинди-жиндир тайпаялъул). Аллагьасда бихьана гьеб лъикӀ ккей. 13Сордо ана, къо бачӀана. Гьеб букӀана лъабабилеб къо. 14Аллагьас абуна: – Зодил пардавалда рижа сордоги къоги батӀа гьабулел, батӀи-батӀиял байрамазул заман бихьизабулел, къоялги соналги рикӀкӀине бажарулел гвангъарал-кунчӀарал чирахъал. 15Ракьалъе канлъи кьезе кенчӀезе риччанте гьел гьеб зодил пардавалда.Гьедин ккезеги ккана. 16Аллагьас кӀиго кӀудияб чирахъ бижана, гьезул цӀикӀкӀараб –” “ къоязе ханлъи гьабизе, гьитӀинабаб – сардазе ханлъи гьабизе. Гьединго цӀвабиги рижана. 17Аллагьас гьел зодил пардавалда рекъезаруна: гьез ракь гвангъизабизе, 18къоязеги сардазеги ханлъи гьабизе ва канлъиги бецӀлъиги цоцаздаса тӀезабизе. Аллагьасда бихьана гьеб лъикӀ ккей. 19Сордо ана, къо бачӀана. Гьеб букӀана ункъабилеб къо. 20Аллагьас абуна: – Лъиназ рижизаре цӀакъго гӀемерал рухӀчӀаголъаби. Зодил пардавалдасан хӀанчӀиги роржанхъе. 21Гьедин Аллагьас рижана ралъдал аздагьаби, лъадалъ журкъун рукӀунел киналго рухӀчӀаголъаби (щибаб жинди-жиндир тайпаялъул) ва зодихъ роржанхъулел киналго хӀанчӀи (щибаб жинди-жиндир тайпаялъул). Аллагьасда бихьана гьеб лъикӀ ккей. 22Ва гьезда баркат лъегиянги абун, гьес амру гьабуна: – Нужерго тӀинчӀ-къед цӀикӀкӀинабе, нужго гӀемерлъизе, ралъадазул лъинал кьабун цӀезаре. Риччанте ракьалда тӀад хӀанчӀиги гӀемерлъизе. 23Сордо ана, къо бачӀана. Гьеб букӀана щуабилеб къо. 24Аллагьас абуна: – Ракьалъ рижизаре рухӀчӀаголъаби (щибаб жинди-жиндир тайпаялъул) – хӀайваналги, ракьалдасан шурулел жалги ва гӀалхул жанаваралги. “Гьедин ккезеги ккана. 25Аллагьас рижана гӀалхул жанаварал (щибаб жинди-жиндир тайпаялъул), хӀайванал (щибаб жинди-жиндир тайпаялъул) ва ракьалдасан шурулел жал (щибаб жинди-жиндир тайпаялъул). Аллагьасда бихьана гьеб лъикӀ ккей. 26Аллагьас абуна: – Нижер сураталда ва нижер сипаталда рекъон инсан вижила нижеца – ралъдалъ ругел ччугӀбуздаги, зобалазда роржанхъулел хӀанчӀаздаги, хӀайваназдаги, тӀолабго ракьалда тӀад ва ракьалдасан шурулелщинал жалазда тӀадги ханлъи гьабизе. 27Гьедин Аллагьас инсан вижана жиндирго сураталда, Жиндирго сураталда вижана Гьес гьев. Рижана бихьинчиги чӀужугӀаданги+. 28Гьезда баркат лъезе Аллагьас гьадин абуна: – Нужеца лъимал цӀикӀкӀун гьаре нужго гӀемерлъизе. Нужеца ракь цӀезабе ва нужеего мукӀурлъизабе. Ралъадазулъ ругел ччугӀбуздаги, зобалазда роржанхъулел хӀанчӀаздаги ва ракьалдасан хьвадулелщинал жалаздаги тӀад ханлъи гьабе. 29Аллагьас абуна: – Гьале дица нужее нигӀматлъун кьуна ракьалда рижаралщинал жидер хьонал ругел хурдул ва жиделъ хьон бугеб пихъ кьолел гъутӀби. 30ГӀалхул жанаваразеги, хӀанчӀазеги, ракьалдасан шурулелщинал жалазеги – рухӀ бугебщиналъе кваназе дица киналго гӀурччинал хурдул кьолел руго. Гьедин ккезеги ккана. 31Аллагь валагьана жинцаго бижанщиналъухъ – цӀакъ лъикӀ букӀана гьеб. Сордо ана, къо бачӀана. Гьеб букӀана анлъабилеб къо.
  continue reading

72 एपिसोडस

Artwork
iconसाझा करें
 
सभी एपिसोड

×
 
Loading …

प्लेयर एफएम में आपका स्वागत है!

प्लेयर एफएम वेब को स्कैन कर रहा है उच्च गुणवत्ता वाले पॉडकास्ट आप के आनंद लेंने के लिए अभी। यह सबसे अच्छा पॉडकास्ट एप्प है और यह Android, iPhone और वेब पर काम करता है। उपकरणों में सदस्यता को सिंक करने के लिए साइनअप करें।

त्वरित संदर्भ मार्गदर्शिका